Авар мац1алъул тестал (5 класс)
Авар мац1алъул тестал (5 класс).
1.Г1аммаб кьибил бате:
а)Ах
б)Ахиралъул
в)Ахихъанлъи
2.Предметияб ц1ар бате:
а)Берцинаб
б)Берцинлъи
в)Т1ехь
3.Цоцазда релълъараб кьибил бугел раг1аби
а)Суффиксал
б)Кьибилалъул раг1аби
в)Нахърилълъарал раг1аби
4.Гьал раг1абазда т1аде –хъан суффикс жубазе бегьулеб раг1и бате:
а)Ц1алдей
б)Хъадиро
в)Ччуг1а
5.Гьал раг1абазулъ релъарал суффиксал
рате:а)Г1агарлъи
б)Хъухъадиро
в)Лъик1лъи
6.К1ут1би ц1ут1изарун абулел гьаркьал кинаб рахъалда ругел:
а)Къали—къвали
б)Кар—квар
в)Хараб—хвараб
7.Авар алфавиталда чан х1арп бугеб:
а)36
в)44
8.Лабиалияб гьаракь кинаб х1арпалдалъун бихьизабулеб:
а)С
б)К
в)В
9.Авар мац1алда чан каламалъул бут1а бугеб?
а)6
б)10
в)19
10)Предметияб ц1аралъ щиб бихьизабулеб?
а)Бак1
б)Предмет
в)Заман
11.Авар мац1алда чан падеж бугеб?
а)10
б)15
в)19
12.Кьовул падежалъул суалал рихьизаре:
а)Щиб? Щал?
б)Лъие? Сундуе?
в)Лъил? Сундул?
13.Гьоркьохъеб жинсалъул предм.ц1арал рихьизаре:
а
б)Бакъ,эбел
в)Т1ехь,къалам
14.Бак1алъул падежал чан группаялде рикьулел?
а)4
б)6
в)3
15.Рат1алъул падежалда бугеб раг1и бате:
а)Ралъдакьа
б)Ралъдалъе
в)Ралъад
16.Прилагательноялъ бихьизабула:
а)Предмет
б)Ах1вал—х1ал
в)Сипат—сурат
17.Жубараб прилагательное бате:
а)Г1азухъах1аб
б)Т1огьилаб
в)Билбаг1араб
18.Кьибил такрарлъараб прилагательное бате:
а)Херг1урччинаб
б)Берци—берцинал
в)Тунка—чух1араб
19.Жинсгун формаялъулъ рекъон ккараб
а)Хъах1илаб ралъад
б)Бец1ал сордо
в)Кутакав кьурдухъан
20.Чан рагьараб х1арп бугеб авар мац1алда?
а)6
б)12
в)10
Авар мац1алъул тестал (6 класс)
1.Лексика ккола:
а)Мац1алъул цо бут1а
б)Каламалъул бут1абазул х1акъалъулъ бицунеб
в)Авар мац1алда ругел киналго раг1аби
2.Г1емерлъул формаялда ругел предметиял ц1арал рихьизаре:
а)Бак1ал
б)Гъвет1
в)Цаби
3.Ударение бит1ун лъураб раг1и бате:
а)Багьана
б)Сапнал
в)Бертин
4.Жагьилчи- кинав чи кколев?
а)Кьварарав чи
б)Бецав чи
в)Хварав чи
5.Гьаб коч1ол куплеталъулъ лъезе кколел раг1аби лъе.
Рортулел руго т1анхал,
… буго лъар,
Пашманлъулеб буго … ,
Бач1ун буго … .
6.Синонимал данде ккезаре.
а)Г1адиллъи- аваданлъи
б)Рит1ухълъи-г1анч1лъи
в)Х1инкъуч-бах1араб
г)Ц1ук1а-г1олохъанаб
7.Раг1ул бечелъи лъазабулеб мац1азул г1елмуялъул бут1а ккола:
а)Фонетика
б)Лексикология
в)Синтаксис
infourok.ru
Рабочая программа по аварскому языку 5-11 класс. Составитель Асадулаева А.К.
Жакъасеб школалда т1адаб борч ккола г1ун бач1унеб г1елалъе гъваридаб ва щулияб г1елмияб лъай кьей, гьеб жидер практикаялъулъ х1алт1изабизе ругьун гьари, дунялалдехун материалистияб бербалагьи лъугьинаби.
Гьеб масъала г1умруялде бахъинабиялъулъ к1удияб бак1 ккола рахьдал мац1алъ.
Миллиял школазда рахьдал мац1 малъиялъул аслияб мурад буго бац1ц1адаб литературияб мац1алда жидерго пикру эркенго загьир гьабизе ц1алдохъаби ругьун гьари (бицунги, хъванги),
Мац1 берцин гьабулеб алаталдаса пайда боси, миллияб художествияб ва г1елмияб литература ц1али ва бич1ч1и.
Авар литературияб мац1алъул кьуч1 ккола болмац1, амма литературияб мац1 бечелъизе к1вар бугеб маг1данлъун ккола киналго диалектал ва наречиял. Цогидал мац1азго г1адин авар мац1алъги г1аммаб куцалда т1олго маг1арулазул рух1ияб бечелъи жанибе бачуна.
Школалда авар мац1 малъиялда цереч1арал масъалаби
Авар мац1 школалда лъазабиялда цереч1арал масъалабилъун ккола: ц1алдохъабазул к1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби, пасих1го ц1али камиллъизаби ва каламалъул культура борхизаби.
Школалда авар мац1 малъиялъул мурад буго: ц1алдохъабазе фонетикаялъул, лексикаялъул, раг1и лъугьиналъул ва хисиялъул, грамматикаялъул, стилистикаялъул х1акъалъулъ лъай щвей, жамг1ияб г1умруялда жаниб гьелъул к1варалъул х1акъалъулъ баянал кьей, бит1унхъваялъул ва лъалхъул ишараби камиллъизари, лъималазул раг1ул нахърател бечелъизаби.
V—IX классазда авар мац1алъул курсалъул г1уц1и
Рахьдал мац1алъул программаялда рекъон, 5-9 классазда ц1алдохъабазда малъизе ккола фонетика, графика, лексика, раг1и лъугьин,грамматика (морфология, синтаксис). Гьединго ц1алдохъабазда лъазе ккола стилистикаялъул ва мац1алъул х1акъалъулъ г1аммал г1елмиял баянал. Ц1алдохъаби ругьунлъизе ккола бит1ун хъвазе, бит1ун ц1ализе, калам г1уц1изе ва лъалхъул ишараби лъезе.
Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби ва гьел пасих1го ц1ализе ругьун гьари
Школалда авар мац1 малъиялъ ц1алдохъабазул логикияб пикру ва калам цебет1езабула.
Калам цебет1езабиялда хурхараб 3 нух буго:
1. Авар мац1алъул дарсазда лъималазул раг1ул нахърател бечед гьаби. Гьеб бечед гьабула бат1и-бат1иял словариял х1алт1абаздалъун, учебникалда ругел ругьунлъиялъул х1алт1абазул текстаздалъун, к1алзул ва хъвавул изложенияздалъун, сочиненияздалъун.
2. Авар литературияб мац1алъул раг1аби лъугьиналъул, гьел дандраялъул, предложениял г1уц1иялъул, бит1ун ц1алиялъул ва гь.ц. нормаби лъай.
3. Авар мац1алъул дарсазда бат1и-бат1ияб темаялъул ва жжанралъул материалазда т1асан ц1алдохъаби к1алъазе ругьун гьари.
Ц1алдохъанасда лъазе ккола тексталда т1ад х1алт1изе,гьелъул аслияб пикру батизе,къокъаб ва г1ат1идаб план г1уц1изе, гьелда рекъон материал тартибалдеги ккезабун, (бицунги хъванги) изложение т1обит1изе.
Изложениязе текстал ва сочинениязе темаби т1аса рищулеб мехалъ, гьел тарбия кьеялъул ва г1елмияб рахъалъан дандекколел рук1ине ккола.
Ц1алдохъабазул калам цебет1езабиялъе бихьизабураб лъабабго нухалъ гьезул каламалъулъ дандч1валел г1унгут1аби ва гъалат1ал т1аг1инаризе квербакъула.
Хъвавул х1алт1абазул к1одолъи борцуна раг1абаздалъун ва ч1езабун буго гьезие гьаб къадар.
Класс
Диктант
Словарияб
Сочинение
Изложение
Раг1и
Диктант
Раг1и
Т1анчил
гьумер
Раг1и
Раг1и
V
80-90
10-15
90-100
0.5-1
100-140
VI
90-100
15-20
120
1-1.5
140-180
VII
100-120
20-25
140
1.5-2
180-220
VIII
120-130
25-30
160
2-2.5
240-300
IX
130-140
30-35
180
2.5-3.5
300-400
Баян: Х1асилазул (контролияб ) диктантги гьебго роцада гьабила, амма цадахъго грамматикиял т1адкъаял кьолел ругони, диктант къокъ гьабизе бегьула 10 раг1иялъ.
Авар мац1алъе къиматал лъезе ч1езарурал нормаби.
1. К1алзул жавабалъе къимат кьолеб куц.
«5» къимат лъола, мух1канго, г1ураб гъварилъиялда малъараб материал ц1алдохъанас бицунеб ва мац1алъул г1елмиял баяназе бит1араб определение кьолеб бугони, гьединго ц1ехолеб материал т1ок1к1ун лъалеб ва, гьелдаса пайдаги босун, т1ехьалда ругел гурелги, жинцаго ургъарал мисалаздалъун жаваб кьуни.
«4» къимат лъола щуйил къиматалъе мустах1икъаб, амма маг1наялъулъ, яги хадуб-цебе рекъон бач1иналъулъ,1-2 гъалат1 яги бицадулъ 1-2 сакъат ккараб жавабалъе.
«3» къимат лъола ц1ехолеб материал аслияб куцалъ ц1алдохъанасда бич1ч1ун ва лъан бук1ин бихьизабулеб, амма определение кьолаго, яги бит1унхъваялъул къаг1ида бицунаго, г1унгут1аби риччараб, т1убараб мух1канлъи гьеч1еб жавабалъе.
«2» къимат лъола малъараб материалалъул ц1ик1к1унисеб бут1а ц1алдохъанасда лъалеб батич1они, бицунеб жоялъул тартиб гьеч1ого, бак1-бак1алде к1анц1ун бицунеб бугони.
Диктантазе къимат лъолеб куц.
«5» Къимат лъола гъалат1 гьеч1еб х1алт1уе. Гьеб къимат лъолеб диктанталда бук1ине бегьула бит1унхъваялъулъ биччараб 1 сакъат яги лъалхъул ишараялъулъ ккараб 1 г1унгут1и.
«4» къимат лъола бит1унхъваялъулъ 2 ва лъалхъул ишараби лъеялъулъ 2 гъалат1 бугеб, яги бит1унхъваялъулъ 1, лъалхъул ишарабазулъ 3, яги бит1унхъваялъулъ цониги гъалат1 гьеч1еб, лъалхъул ишарабазулъ 4 гъалат1 биччараб диктанталъе. Бит1унхъваялъулъ цого тайпаялъул 3 гъалат1 батаниги лъезе бегьула «4» къимат.
«3» къимат лъола бит1унхъваялъулъ 4 ва лъалхъул ишарабазулъ 4 гъалат1 батараб джиктанталъе, яги бит1унхъваялъулъ 3 ва лъалхъул ишарабазулъ 5, яги бит1унхъваялъулъ цониги гъалат1 гьеч1еб, лъалхъул ишарабазулъ 7 гъалат1 ккараб х1алт1уе.
«2» къимат лъола бит1унхъваялъулъ 7 ва лъалхъул ишарабазулъ 7, яги бит1унхъваялъулъ 6 ва лъалхъул ишарабазулъ 8, яги бит1унхъваялъулъ 5 ва лъалхъул ишарабазулъ 9, яги бит1унхъваялъулъ 8 ва лъалхъул ишараби лъеялъулъ 6 гъалат1 биччараб диктанталъе.
Грамматикиял т1адкъаял т1уразариялъе къимат лъолеб куц
«5» къимат лъола, гъалат1 гьеч1ого, киналго т1адкъаял т1уран ратани.
«4» къимат лъола, киналго т1адкъаязул ункъилъа лъабил бут1а (3/4) бит1ун гьабун батани.
«3» къимат лъола, бащадалниги т1адкъаял рит1ун гьарун ратани.
«2» къимат лъола, бащдалдаса дагь гурони бит1ун т1уразарурал т1адкъаял ратич1они.
5 класс (68 саг1ат)
5 – контролияб диктант
9 – калам цебет1езаби
№
Темаби
Саг1ат
1
Такрар гьаби
5
2
Синтаксис ва пунктуация
14
3
Фонетика ва графика
9
4
Лексика
5
5
Раг1и лъугьин ва орфография
4
6
Предметияб ц1ар
4
7
Глагол
8
8
Такрар гьаби
4
9
Резерв
1
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
раг1ул бит1араб ва хъвалсараб, г1емер ва цо маг1на бук1ин, омонимал, синонимал ва антонимал;
раг1ул фонетикияб, морфологияб ва г1уц1иялъул разбор гьабизе;
бат1и-бат1иял тайпабазул г1адатал предложениял г1уц1изе;
учебникалда кьурал схемабазда рекъон, предложжениял г1уц1изе;
раг1улъ ругел рагьарал ва рагьукъал гьаркьал хисизарун, предм.ц1аралъул г1емерлъул форма лъугьинабизе.
Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:
г1адамазул ва географиял ц1аразулъ, къват1азул, байданазул ва пачалихъиял байрамазул ц1аразулъ к1удияб х1арп хъвазе;
т1ахьазул, газетазул, журналазул, суратазул, кинофильмабазул, литературиял асаразул ц1аразул бет1ералда к1удияб х1арп хъвазе ва кавычкаби лъезе;
журарал раг1аби рит1ун хъвазе;
6 класс (68 саг1ат)
4 — контролияб диктант
9 – калам цебет1езаби
№
Темаби
Саг1ат
1
Такрар гьаби
3
2
Лексика ва фразеология
6
3
Раг1и лъугьин
3
4
Предметияб ц1ар
9
5
Прилагательное
5
6
Рик1к1ен
7
7
Ц1арубак1
4
8
Причастие
6
9
Деепричастие
5
10
Такрар гьаби
5
11
Резерв
2
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
Цогидал мац1аздаса рач1арал раг1аби, ц1иял ва басралъарал раг1аби, фразеологиял сверелал.
Морфологияб къаг1идаялъ раг1и лъугьинабизе.
Цолъул ва г1емерлъул формаялда предм.ц1арал падежазде сверизаризе.
Г1адатаб ва жубараб прилагательное лъугьинабизе.
Причастиял ва деепричастиял лъугьинаризе.
Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:
Предм.ц1аралъул суффиксал рит1ун хъвазе.
Журарал предм.ц1арал рит1ун хъвазе.
Рик1к1ен ва ц1арубак1ал рит1ун хъвазе
Причастиял ва деепричастиял сверелазулъ лъалхъул ишараби лъезе.
Жубараб план г1уц1изе.
Бат1и-бат1иял темабазда т1асан ха
Барияб тайпаялъул текст дурусго ва къокъго бицине.
Цо сундул бугониги цебе суратги ч1езабун, хабар г1уц1изе.
7 класс (68 саг1ат)
7 – контролияб диктант
6 – калам цебет1езаби
№
Темаби
Саг1ат
1
Такрар гьаби
3
2
Глагол
21
3
Наречие
8
4
Союзал
4
5
Частицаби
4
6
Хадурег1ел
2
7
Междометие
2
8
Такрар гьаби
6
9
Резерв
5
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
7 абилеб классалда лъазарурал жалго жидедаго ч1арал ва кумекалъулал каламалъул бут1аби баян гьаризе.
Глаголалъул бат1и-бат1иял формаби лъугьинаризе.
Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:
Глаголал рит1ун хъвазе. Союзал, хадурег1ел ва частицаби бит1ун хъвазе, междометиязда хадуб запятая яги ах1ул ишара лъезе. Глаголал, наречиял (аск1об, цебе, гъорлъ) ва частицаби, авар литературияб мац1алъул орфоэпия ц1унун, ц1ализе.
Г1адамасул сипат-сураталъулги х1алт1ул иналъулги описаниялъул элементал ругеб хабарияб тексталъул г1ат1идгоги къокъгоги изложение хъвазе.
8 класс (68 саг1ат)
4 – контролияб диктант
8 – калам цебет1езаби
№
Темаби
Саг1ат
1
Такрар гьаби
4
2
Синтаксис ва пунктуация
8
3
Предложениялъул бет1ерал членал
16
4
Г1адатал предложениязул тайпаби
19
5
Такрар гьаби
3
1
Резерв
6
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
Раг1абазул дандраязул, бат1и-бат1иял тайпабазул г1адатал предложениязул, рат1алъизарурал членалгун предложениязул синтаксисияб разбор гьабизе.
Раг1абазда гьоркьоб бугеб бухьен баян гьабизе.
Цо составалъул, к1иго составалъул ва лъабго составалъул, тайпа цоял ва рат1алъизарурал членал, обращениял ва гьоркьор ккарал раг1аби ругел г1адатал предложениял г1уц1изе.
Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:
Тайпа цоял членал, хит1аб, гьоркьор ккарал раг1аби ва междометиял, рат1алъизарурал членал ругел предложениязулъ лъалхъул ишараби лъезе.
Кколеб бак1алда подлежащеялдаги сказуемоялдаги гьоркьоб тире лъезе
Художествиял текстал пасих1го ц1ализе.
Жиндирго автобиография бицине (абунги хъванги)
Газеталъе макъалаби, данделъиялъул протокол хъвазе
9 класс (768 саг1ат)
4 – контролияб диктант
14 – калам цебет1езаби
№
Темаби
Саг1ат
1
Такрар гьаби
1
2
Жубараб предложение
41
3
Такрар гьаби
4
4
Резерв
4
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
Журарал предложениязул синтаксисияб разбор гьабизе.
Бат1и-бат1ияб тайпаялъул журарал предложениял данде гьаризе.
Бит1араб калам хъвалсаралде сверизабизе.
Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:
Жубараб сок1к1араб предложениялъул бут1абазда гьоркьоб запятая лъезе.
Жубараб предложениялъул бет1ераб ва т1аджубараб бут1аялда гьоркьоб кколелъуб запятая лъезе.
Союз гьеч1еб жубараб предложениялъулъ х1ажатал лъалхъул ишараби лъезе.
Гьит1инаб ялъуни к1удияб макъалаялда т1асан коспект, ялъуни тезисал х1адуризе.
10 класс (35 саг1ат)
2- контролияб диктант
6- калам цебет1езаби
№
Темаби
Саг1тал
1
Мац1алъул х1акъалъул г1аммал баянал
1
2
Стилистика ва каламалъул культура
2
3
Лексикология
2
4
Фразеология
2
5
Бит1ун аби (орфоэпия) ва интонация
1
6
Графика, бит1унхъвай ва пунктуация
1
7
Раг1ул г1уц1и ва раг1и лъугьин
1
8
Морфология
15
9
Такрар гьаби
1
11 класс (35 саг1ат)
3 – контролияб диктант
9 – калам цебет1езаби
№
Саг1тал
1
Раг1абазул дандраял ва предложение
5
2
Бет1ерал ва бет1ерал гурел членал
2
3
Тайпа цоял членал
2
4
Хит1аб, гьоркьор кколел раг1аби ва междометие
2
5
Жубараб предложение
1
6
Жубараб сок1к1араб предложение
2
7
Журарал нахърилълъарал предложениял
6
8
Такрар гьаби
2
10-11 классазда авар мац1 малъиялъул аслияб масъалалъун буго цебехун малъараб программияб материалалъул к1вар бугел баянал гъваридго ва г1ат1идго такрар гьари.
Для заметок
infourok.ru
ГIабдуллаев, М. ГI. — Авар мацI. 5 класс
Поиск по определенным полям
Чтобы сузить результаты поисковой выдачи, можно уточнить запрос, указав поля, по которым производить поиск. Список полей представлен выше. Например:
author:иванов
Можно искать по нескольким полям одновременно:author:иванов title:исследование
Логически операторы
По умолчанию используется оператор AND.
Оператор AND означает, что документ должен соответствовать всем элементам в группе:
исследование разработка
author:иванов title:разработка
оператор OR означает, что документ должен соответствовать одному из значений в группе:исследование OR разработка
author:иванов OR title:разработка
оператор NOT исключает документы, содержащие данный элемент:исследование NOT разработка
author:иванов NOT title:разработка
Тип поиска
При написании запроса можно указывать способ, по которому фраза будет искаться. Поддерживается четыре метода: поиск с учетом морфологии, без морфологии, поиск префикса, поиск фразы.
По-умолчанию, поиск производится с учетом морфологии.
Для поиска без морфологии, перед словами в фразе достаточно поставить знак «доллар»:
$исследование $развития
Для поиска префикса нужно поставить звездочку после запроса:исследование*
Для поиска фразы нужно заключить запрос в двойные кавычки:«исследование и разработка«
Поиск по синонимам
Для включения в результаты поиска синонимов слова нужно поставить решётку «#» перед словом или перед выражением в скобках.
В применении к одному слову для него будет найдено до трёх синонимов.
В применении к выражению в скобках к каждому слову будет добавлен синоним, если он был найден.
Не сочетается с поиском без морфологии, поиском по префиксу или поиском по фразе.
#исследование
Группировка
Для того, чтобы сгруппировать поисковые фразы нужно использовать скобки. Это позволяет управлять булевой логикой запроса.
Например, нужно составить запрос: найти документы у которых автор Иванов или Петров, и заглавие содержит слова исследование или разработка:
author:(иванов OR петров) title:(исследование OR разработка)
Приблизительный поиск слова
Для приблизительного поиска нужно поставить тильду «~» в конце слова из фразы. Например:
бром~
При поиске будут найдены такие слова, как «бром», «ром», «пром» и т.д.Можно дополнительно указать максимальное количество возможных правок: 0, 1 или 2. Например:
бром~1
По умолчанию допускается 2 правки.Критерий близости
Для поиска по критерию близости, нужно поставить тильду «~» в конце фразы. Например, для того, чтобы найти документы со словами исследование и разработка в пределах 2 слов, используйте следующий запрос:
«исследование разработка«~2
Релевантность выражений
Для изменения релевантности отдельных выражений в поиске используйте знак «^» в конце выражения, после чего укажите уровень релевантности этого выражения по отношению к остальным.
Чем выше уровень, тем более релевантно данное выражение.
Например, в данном выражении слово «исследование» в четыре раза релевантнее слова «разработка»:
исследование^4 разработка
По умолчанию, уровень равен 1. Допустимые значения — положительное вещественное число.Поиск в интервале
Для указания интервала, в котором должно находиться значение какого-то поля, следует указать в скобках граничные значения, разделенные оператором TO.
Будет произведена лексикографическая сортировка.
author:[Иванов TO Петров]
Будут возвращены результаты с автором, начиная от Иванова и заканчивая Петровым, Иванов и Петров будут включены в результат.author:{Иванов TO Петров}
Такой запрос вернёт результаты с автором, начиная от Иванова и заканчивая Петровым, но Иванов и Петров не будут включены в результат.Для того, чтобы включить значение в интервал, используйте квадратные скобки. Для исключения значения используйте фигурные скобки.
search.rsl.ru
Авар мац1 5 класс Тема: Халкъияб к1алзул гьунар
Авар мац1 5 класс
Тема: Халкъияб к1алзул гьунар
Мурадал:
лъималазда цебехун малъараб материал мух1кан гьабизе ва бит1ун гьеб х1алт1изабизе ругьунлъизе
лъималазул х1айваназдехун бугеб бербалагьи лъик1лъизабизе ва х1айваназе хъулухъ гьабизе ругьунлъизе
щвараб лъай бит1ун х1алт1изабизе ругьунлъи ва раг1араб калам хъвазе ругьунлъизе
дарсил тип: контролияб дарс
ДАРСИЛ ИН
дарсиде х1адурлъи
лъималаз кинабго къвариг1араб алат цебе бахъун бугищали хал гьаби ва дарсил мура загьир гьабизе
практикияб х1алт1и
байбихьул накъит:
учителасул т1оцебесеб ц1али:
зах1матал раг1аби рич1ч1изари:
диктант хъвай:
хал гьаби:
рокъобе х1алт1и кьей
дарсил х1асил ва къиматал лъей (рефлексия)
авар литература 8 класс
тема: Имам Гъазимух1амад ч1ваялде
мурадал:
ч1ик1аса мух1амадил имаи Гъазимух1амадиде гьабураб назмугул лъимазул лъай-хъвай гьаби
ват1анналде бугеб рокьи ц1ик1к1иниби ва бах1арчилъи рак1азулъ бижизаби
г1акълу, г1адлу ва берцинаб г1амал бижизаби
тип: жубараб дарс
ДАРСИЛ ИН
дарсиде хадурлъи:
рокъоб кьураб х1алт1ул хал гьаби
хочбарил къвак1иялъул лица бицинеб?
Учителас суалал кьун лъималаз бицина хочбарил лъугьа-бахъин
Ролазде рикьун ц1алила кеч1
Ц1ияб дарс
Байбихьул накъит бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ
Мисалияб ц1али учителас
Лъималаз доскаялда жидедаго бич1ч1араб бицин
Учителас дагьабги гьезул хабаралде т1аде жубай
Суалал х1адур гьари
Дарс щула гьаби
Учителасул суалазе лъимаз жвабал кьей
Байбихьул анализ
Зах1матал ва рич1ч1ич1ел бак1азе баян кьей
Рокъобе х1алт1и
Дарсил х1асил ва къиматал лъей
multiurok.ru
Конспект открытого урока по аварскому языку на тему «ФОНЕТИКА. ФОНЕТИКИЯБ РАЗБОР.в 5 классе
5 класс. авар мац1
дарсил тема: фонетика. фонетикияб разбор.
дарсил мурад: фонетика тарар гьаби. разбор гьабизе лъимал ругьун
гьари. контролияб х1алт1уде х1адури.
оборудование: т1ехь. ручка тетрадь.
дарсил тайпа – такрарлъиялъул дарс
дарсил план:
- байбихьи
- цебе малъараб такрар гьаби.
- доскаялда х1алт1и
- рек1елгъиялъул граматика
- релаксация
- фонетикияб разбор гьаби.
- дарс щула гьаби.
- рокъобе х1алт1и.
Дарсил ин:
1 Орг. момент.
2. Рокъобе кьуралъул хал гьаби.
3. Фонетика такрар гьаби
— фонетика сунда абулеб?
— гьаракь щиб кколеб?
— х1арп щиб кколеб?
— рагьукъал гьаркьал ккола….
— рагьарал гьаркьал ккола…
— слог щиб кколеб?
Доскаялда х1алт1и
Синтаксияб разбор- К1алъалаго нилъеца к1алдиса къват1ибе х1ухьел биччала.
Морфемияб разбор- ахихъанасе, лъик1лъиялъ, хъухъадиро.
Схемаялда рекъон предложениял г1уц1изе:
4. Рек1елгъиялъул грамматика
5. релаксация.
6. ц1ияб дарс:
Просмотр содержимого документа
«Конспект открытого урока по аварскому языку на тему «ФОНЕТИКА. ФОНЕТИКИЯБ РАЗБОР.в 5 классе»
5 класс. авар мац1
дарсил тема: фонетика. фонетикияб разбор.
дарсил мурад: фонетика тарар гьаби. разбор гьабизе лъимал ругьун
гьари. контролияб х1алт1уде х1адури.
оборудование: т1ехь. ручка тетрадь.
дарсил тайпа – такрарлъиялъул дарс
дарсил план:
байбихьи
цебе малъараб такрар гьаби.
доскаялда х1алт1и
рек1елгъиялъул граматика
релаксация
фонетикияб разбор гьаби.
дарс щула гьаби.
рокъобе х1алт1и.
Дарсил ин:
1 Орг. момент.
2. Рокъобе кьуралъул хал гьаби.
3. Фонетика такрар гьаби
— фонетика сунда абулеб?
— гьаракь щиб кколеб?
— х1арп щиб кколеб?
— рагьукъал гьаркьал ккола….
— рагьарал гьаркьал ккола…
— слог щиб кколеб?
Доскаялда х1алт1и
Синтаксияб разбор- К1алъалаго нилъеца к1алдиса къват1ибе х1ухьел биччала.
Морфемияб разбор- ахихъанасе, лъик1лъиялъ, хъухъадиро.
Схемаялда рекъон предложениял г1уц1изе:
4. Рек1елгъиялъул грамматика
5. релаксация.
6. ц1ияб дарс:
фонетикияб разбор гьабулеб къаг1ида
слогазде бикьи, ударение.
рагьарал гьаркьал: ударение бугел ва гьеч1ел.
рагьукъал гьаркьал: зхирарал ва гъугъал.
гьаркьазулги х1арпазулги къадар.
ясик1о- я-си-к1о
я — [й] рагьукъаб; зирараб
— [а] рагьараб; ударение гьеч1еб.
с — [с]рагьукъаб; гъугъаб
и — [и]рагьараб; ударение бугеб
к1- [к1]рагьукъаб; гъугъаб
[о ] рагьараб; ударение гьеч1еб.
5 х1арп. 6 гьараакь
7. дарс щула гьаби:
фонетикияб разбор гьабизе: сордо, юсуп, яч1ине.
рокъобе х1алт1и «контролиял суалал ва т1адкъаял» (контролияб х1алт1уде х1адури. )
multiurok.ru
Презентация по аварскому языку «Авар мац1»
Дир мац1, дир рух1, дир бечелъи!
Метер маг1арул мац1 хвезе батани,
Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.
— Рорч1ами, лъимал, муг1алимзаби!
Жакъа нилъ рак1арун руго нилъерго рахьдал мац1алъул къо к1одо гьабун т1обит1улеб тадбиралда.
Изну кье дие жакъасеб гьаб данделъи рагьараблъун рик1к1ине!
(слайдал мац1алъул х1акъалъулъ поэтаз абурал раг1абигун ругел)
Мац1 ккола щиб халкъ босаниги, гьелъул миллаталъул бечелъиялда гьоркьоб бищун аслияб хазина.
Мац1 т1аг1иналдалъун халкъалъул миллатги т1аг1уна.
Гьединлъидал, щибаб халкъ –миллаталъул мац1 ц1уни ккола ц1акъ к1удияб к1вар бугеб масъалалъун.
Дунялалъул цивилизация цебе т1унаг1ан, ц1иял технологиязул к1вар халкъалъул г1умруялда жаниб ц1ик1к1анаг1ан, ц1ик1к1унеб буго к1вар халкъазда гьоркьосел мац1азулги.
Т1олго Россиялда жанир ругел халкъ- миллатазул г1адамалцоцада рич1ч1изе кумек гьабулел г1урус мац1алъулги, дунялалъулго г1алам цоцада бич1ч1изе х1алт1изабулеб инглис мац1азулги к1вар къо бахъанаг1ан ц1ик1к1унеб буго. Гьеб ц1ик1к1анаг1ан гьелдаго цадахъ г1исинмиллатазул мац1азул к1вар къо бахъанаг1ан дагьлъулеб буго.
1 чтец:
Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,
Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!
Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз
Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!
( Расул Х1амзатов)
Дунялалъул маг1ишаталда хадур лъугьун сверухъ бугебщиналъулъ материалияб гуреб рахъ бихьулеб гьеч1о г1емерисел улбузда.
2 чтец:
Ассаламу г1алайкум,
Аваразул миллат- мац1,
Адаб кьоч1ое лъураб,
Ахир рокьуе гьеч1еб.
infourok.ru
ГДЗ 5 класс ОБЖ ЯГДЗ
ЯГДЗ 5 класс ОБЖ готовые домашние задания. Ответы на задания и вопросы из учебников и рабочих тетрадей по ОБЖ за 5 класс (Смирнов, Хренников).
yagdz.com